Сочинение на аварском языке дир гьудул

Написать сочинение на аварском языке дир гьудул

Ответы

ответ: Дир йиго лъик!ай гьудул гьелъда ц!ар буго Аминат. Ниж ц!алулел руго 7 классалда. Ниж кидаго рук!уна цадахъ.

прости прости прост

Эбел йиго жив-жив инсанасул цохIо гурони йикIунарей, сунцаниги, сундухъниги хисуларей хазина. Эбелалъ гьитIинаб къоялдаса нахъе балугълъиялде щвезегIан лъимералъе хъулухъ гьабула. Щиб миллаталъул ватаниги, кинаб ракьалда ватаниги инсанасе бищун хирияб жо щибилан гьикъани жаваб цо буго «Эбел». Киниялда бугеб лъимералъги, гIолилазги, херазги, рохаразги хIинкъаразги, къварилъаразги абула гьеб къокъаб амма магIна гъваридаб гьеб рагIи. Дидаги дица нахъе тараб гьитIинабго лъалкI эбелалъул бухIиги, чIухIиги, ургъелги, анищги гъорлъ жубараб бугилан ккола дида. Дун налъулав вуго кидаго ва кив вугониги эбелалда цеве.

Дун кодой вачарай, каранде къарай,

Керен дие кьурай, гIезе гьавурай,

Кинидахъ гIодой чIун ахх бачунаго,

Чанги сардал дие гIолон рорчIарай.

Баба бокьиларо дур беразда дий,

Рохалил гурони магIу хулизе,

Баба бокьиларо дур гIиналдаги,

Гьуинаб гурони калам рагIизе.

Эбелалъул гIадаб гIажаибаб ракI батилин кколаро дида. Гьелда гIадин лъималазда гурхIизеги, ургъел гьабизеги, йохизеги, гIодизеги, тIалаб гьабизеги цогидазухъан бажарулеб батилин кколаро. «Эбелалъул хIатIикь букIуна алжан »,- ан абула. Батизеги гьедин батила гьеб. Эбелалъул адаб-хIурмат рехун тарав чи гьев ккола хIалихьат, квешаб гIамалалъул чи. Амма гьединал гIемер гьечIо.

Гьаниб дие бокьун буго бицине дирго эбелалъул хIакъалъулъ. Эбел ккола дие бищунго кIудияб хазина. Эбелалъ дида малъула лъазе тIадабщинаб. Дир эбел йиго цIодорай, гIакъилай, пагьму кIудияй, гIадамазда гъорлъ берцинго кIалъазе ва йикIине лъалей. Дие бокьилаан гьелъ жиндирго сахлъи цIунизе, халатаб сонилаб гIумру гьелъул букIине, гьелъул рекIелъ ругелщинал мурадал тIуразе ва нижедаса йохун йикIине. Дир гIадинай хIеренай, хIасратай, калам гьуинай эбел лъилго йигодай? Эбелалъ абураб нухда хьвадани гьев чи киданиги мекъи ккезе гьечIо, гьеб дидаго бихьараб жо буго. Дие дирго эбел ккола ракI бащадай гьудуллъунги. Гьелъие дица рекIел ургъалаби рикьула, цинги гьелъ дидаги бицуна кин-щиб гьабилебали. Эбелалъе лъимер ккола бищунго кIудияб хазина. Эбелалъул лъикIлъиялъулги гьелъул хIеренлъиялъулги бицун бахъунаро.

Дица умумузе гьарула чорхое сахлъи, халатаб гIумру, рохалилаб гуреб хабар рагIугеги гьезда. Эбелалъ лъимералда квешаб жо малъуларо.

Дир хIеренай эбел, хIасратай эбел,

ГIакълу-лъай нижеда малъарай эбел,

Эбел, дур берцинлъи борцунеб роцен

Жеги бахъун гьечIин тола нижеца.

Кем только не мечтают люди стать: знаменитыми космонавтами, как Ю. Гагарин, отважными пожарниками, врачами, чтобы сотни жизней, певцами, чтобы блистать на сцене, учителями, чтобы давать знания… Профессий существует много, главное – не ошибиться в своем выборе и посвятить этой профессии всю свою жизнь. У каждого есть свои интересы, свои любимые занятия, у кого-то есть талант, а кто-то быстро и легко всему научиться. В детстве я мечтала быть певицей, потому что любила петь и хотела стать знаменитой, но потом поняла, что это была только лишь детская мечта. Я люблю много читать и писать что-то интересное, высказывать свое мнение и спорить о чем-либо и быть может именно поэтому я стала задумываться о профессии журналиста. Сейчас я уже уверенно могу сказать, что это именно то, что мне нужно.

Быть журналистом – это интересно! Что может быть интереснее, чем брать интервью, знакомится с новыми людьми, узнавать подробности их жизни и о том, как они добивались успеха? Или видеть одной из первых какое-либо событие, а потом об этом рассказывать всей стране, всему миру и неважно каким образом: написать об этом в газете или сделать об этом репортаж? Я мечтаю делать свои репортажи и, если понадобится, уезжать для этого в далекую глубинку нашей большой страны или же наоборот: лететь несколько часов на самолете в далекую страну, а потом рассказывать всей стране по телевидению о том, что произошло. Профессия журналиста и трудна и интересна. Но в то же время это очень ответственная работа, потому что мир узнает о новостях именно из уст журналистов и важно донести до зрителя или читателя информацию, не искажая ее.

Я уверенна, что каждый найдет свое призвание и будет любить свою работу, посвятит ей всю свою жизнь, важно лишь сделать правильный выбор, выбор своей профессии!

Источник

Сочинение ученицы 9 класса Дибировой Амины Д. Расул Х1амзатовасул «Дир рак1 муг1рузда буго» абураб асаралда т1асан.

Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.

Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.

Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.

Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!

Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.

Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».

Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.

«Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.

Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.

-Аваразул калам,гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.

«Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.

Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.

Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!

Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.

Аваразул калам гьелъул камиллъи!

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.

Источник

Проектная работа на аварском языке «Дир гьит!инаб улка- Дарада-Мурада»

ГКОУ РД «Дарада-Мурадинский лицей

«Дир гьитIинаб улка – Дарада-Мурада»

ХIадур гьабуна: 6 кл. цIалдохъан, Хизриева Патимат МухIамадовна.

Руководитель: авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим,

Махова Гьидаят ГIашуралмухIамадовна.

Дир росу. Гьеб к!иябго раг!иялъ куркьбал гъоларев инсанго вук!унев ватиларо. Гьеб гьит!инаб Ват!аналъ т!орит!ула нилъ к!удияб Ват!аналъул г!ат!илъабазде. Нилъер щивав ч!ух!ула жидерго росдадаса, щивасда ккола гьеб дунялалдаго бищун ц!акъаб т!ок!аб бугилан, гьенир ругин бищунго лъик!ал г!адамалилан.

Проекталъул мурад: Х!акъикъияб умумузул Ват!ан лъазе гьаби, росдал тарих лъай, Ват!аналде ва гьит!инаб улкаялде рокьи ц!ик!к!изаби.

ЛъарагIан абула цIоран абула

ЦIино дунялалъул Дарада буго

Гьава-бакъ рекъараб, ракI хIайранлъулеб

ХIикматаб бакI буго гьаб тIалъиялда.

«Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росу »

Къисматалъул нухазда, бигьаял гурел свералабаздагун сухъмахъазда чиясда к!очене бегьуларо г!ураб росу, умумузул къайи-свери, авалаб бац!ц!алъи. Гьеб ц!униялъ ва к!очонтунгут!иялъ к!одо гьавула инсан, квербакъула зах!малъаби къезаризе, къуват кьола церелъурал мурадал т!ураялъе, анищазде щвезе.

Хъвалеб буго дица рек!елъ ч!ух!игун

Дирго росдал берцинлъи нужой рагьизе,

Муг!руз сверун ккураб.т!абиг!ат берцин,

Мунг!ан бац!ц!адаб бак! кибго батич!о

Дир х!асратги, шавкъги, къуватги, кеч!ги

Кинабго дуе сайгъатлъун кьола

Дир умумузул ракь Дарада-Мурада

Чанги г!акълу т!ок!ал учительзабаз

Чанги лъай бергьарал тохтурзабазги

Чанги росдал намус жинца ц!унарал

Васазги ясазги ц!ун буго росу.

Дун йижараб ракь Дарада-Мурада

Гьоболлъи хирияб нижер жамаг!ат,

Дун нужедаса ц!акъ ч!ух!арай йиго.

Дица г!умру т!амулеб буго Гъизилюрталъул зонаялъул Каспиялъул г!одоблъиялда. Дида г!емер раг!улеб бук!ана бицунеб к!удадацаги к!одоэбелалъги гьаб ниж жанир ругеб росу г!уц!анин, араб г!умруялъул 30- соназ,х!акъикъияб нижер умумузул Ват!ан кколин Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росуйилан.

Х!акъикъаталдаги гьаб росу г!уц!изе нижер умумузда бихьун буго к!удияб г!акъубаги, баччун буго г!емераб зах!матги. Гьекъезе бац!ц!адаб лъимги гьеч!еб, чехь г!орц!изег!ан кваназе квенги гьеч!еб, жанир ч!езе ракьулъ рухъун гьарурал хъощал гурони рукъзалги гьеч!еб, гьаб г!ат!иракьалда ц!идасан яшав гьабизе расги бигьаго бук!ун гьеч!о гьезие.

Лъалеб жо буго, унго-унгояб куцалда Ват!ан бокьизе ккани, гьелъул х!акъикъияб тарих лъазе ккола лъик!аб куцалда.

Дарада-Мурадисезул тарих мукъсанаб гьеч!о, г!емер бечедаб буго.

Гьеб ккола дир г!умруялда жаниб т!оцебесеб ц!акъ пайдаяб экскурсия. Ниж ана Россиялдаго бищунго жиб халатаб 4304 метр бугеб Унцукуль районалъул тоннелалдаса, 2012 абилеб соналъ жиб х!алт!изе биччараб.

Нижеца байбихьана экскурсия нижерго умумузул ракь Г!урухъ-майданалдаса. Г!урухъ-майдан абиялъул маг!на ккола г!орда аск!об бугеб майданилан аби. Гьеб майдан буго ц!акъ бихьизе берцинал гьайбатал ахбазаналъул ва мокьрол ахал ругеб бак!.

Ниж щвана Хьаргаби ГЭСалдеги. Гьеб плотинаялъул борхалъи 57, 7 м. Гьеб буго 1940 аб. соналъул 25 сентябралда Дагъистаналда жиб т!оцебе бараб ГЭС.

Дарада-Мурадисезул ракьал байбихьула квег!исан, Къаралазул гъойсу г!оралъул раг!аллъиялдасан. Росулъе нух буго дунялалда жаниб жиндир к!удияб маг!на бугеб Георгиевский кьода т!асан. Гьеб кьоялда буго лъабго бат!ияб ц1арги. Баг!араб кьойилан абуниги, Селдерил кьоян абуниги, Георгиевскийилан абуниги гьеб цо маг!наялде бач!унилан хъвалеб буго Дагъистаналъул бак!азул г!адлу лъалев Булач Х!ажиевас.

«БагIараб кьо»

Дарада-Мурада росдал г!адамазул г!умруялъулъ ккараб машгьураб лъугьа-бахъинлъун ккана Имам Шамилил гьариялдалъун дунялалдаго ц!ар раг!арав Петербургалъул медицинаялъулаб хирургияб академиялъул профессор Николай Иванович Пирогов росулъе вач!ин.

Николай Иванович Пирогов

Бищун ц!адулъ босун Кавказалъул рагъ бугеб Шамилил заманалда вач!уна росулъе Пирогов, гьесул гьениве вач!иналъул аслияб мурадлъунги бук!ана рагъул майданалда наркоз х!алт!изабун, операциял гьари ва гьеб наркозалъул х!албихьи гьаби.Гьеб наркозги х!алт!изабун, Н.И. Пироговас нилъер имамасе,хирияв наибасе медицинаялъулаб кумек гьабула.

Н.И. Пирогов рагъул майданалда

Дагъистаналда Пироговас х!алт!изарулел рук!арал алатал жакъа къоялъги Мах!ачхъалаялда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб краеведческияб музеялда ц!унун руго.

Гьединго росдал годек!аналдаса г!емер рик!к!ад гьеч!о мемориалияб хъарщи, жинда т!ад гьадинаб хъвай-хъваг!ай бугеб «1928 соналъ гьаб минаялда жаниб лъалхъи гьабуна Михаил Иванович Калининица». Гьев гьаниве вач!иналъул г!иллаги бук!ун буго Дагъистаналъул муг!рузул берцинлъи бихьизе г!оло.

Нажмудинов Халит жиндирго лъади ПатIиматгун.

Гьединго т!ок!аб х!урматалдалъун ва къиматалдалъун росулъ гурев районалдагицин к!одо гьавула зах!маталъул ветеран, К!удияб Ват!анияб рагъул г!ахьалчи, Дагъистаналъул мустах!икъав учитель Т!агьиров Т!агьир Лат!ифович. Гьев вук!ана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул членлъун ва г!емерал т!ахьазул авторлъунги. Рагъул темаялде хъварал гьесул т!ахьал Дагъистаналъул ц!алдолезда гьоркьор машгьурал руго. Гьединго гьес хъвараб «Г!ажаибав к!удада» абураб литературияб асаралъ бицунеб буго Дагъистаналде Калинин вач!иналъул.

Гьединго, кидаго сабурав, ц!одорав, г!акъилав, 20 соналъ жинца школалъе нухмалъи гьабурав Х!ажиев Мух!амад Х!ажиевичасул ц!ар росуцояз х!урматалда рехсолеб бугоан. Гьев ккола т!оцебе росулъ т!адег!анаб лъай босарав. Къваридаб замана бугониги, гьес росдае бан кьуна кинабго оборудованиеги жаниб бугеб микьгосонилаб школа.Гьев вук!анин бицуна г!акъилав, бергьараб лъаялъул инсан.

Гьаб стендалда руго Дагъистаналдаго ц!ар раг!арал тохтурзабиги, Дагъистаналъул мустах!икъал учительзабиги, Ват!анияб рагъул г!ахьалчаг!иги, зах!маталъул ветераналги, Дагъистаналда гурелги Россиялдаго бергьенлъи босарал спортсменалги. Ниж киналго дарада-мурадисел гьездаса ч!ух!ула, ва нижее г!ун бач!унеб г!елалъе, гьел рук!ина абадиялъго мисаллъун.

Нилъеда т!адаб налъи ккола нилъер инсул росуги, г!адатги, тарихги ц!уни ва лъай. Гьел ц!унулездаса мисалги босун, т!аде бач!унеб ц!ияб г!елалъухъе гьеб щвезабиги.

Жидер умумул рижараб ракьалде х!асратаб рокьи гьеч!ев инсанасе,дир х!исабалда, гьаб дуниялалда г!умру гьабизе кутакалда зах!матго бук!ина. Дие дир умумузул росу ц!акъ кутакалда бокьана, гьенир ругел г!урччинал байдаби, бац!ц!адаб гьава, ц!орораб иццул лъим…

Источник

Оцените статью
( Пока оценок нет )
Поделиться с друзьями
Uchenik.top - научные работы и подготовка
0 0 голоса
Article Rating
Подписаться
Уведомить о
guest
0 Комментарий
Старые
Новые Популярные
Межтекстовые Отзывы
Посмотреть все комментарии